Магомед гамзаев стихи на аварском кин ругел маг1арулал

Обновлено: 04.10.2024

BUSTAN AVARISTAN | Аварцы | Дагестан

BUSTAN AVARISTAN | Аварцы | Дагестан вернуться к странице

BUSTAN AVARISTAN | Аварцы | Дагестан

BUSTAN AVARISTAN | Аварцы | Дагестан запись закреплена

Маг1арулал.
Релъи-хъуй гьеч1ого, рохизе лъалел,
Маг1у чвахич1ого, г1одизе лъалел,
Г1ишкъул рек1араб ц1а ц1унизе лъалел,
Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал.

Бак1ал къваридалъур рак1ал г1ат1идал,
Рукъ мискинлъаниги, намус бечедал,
Т1аде бач1араб къо лъимлъун къулч1улел,
Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал.

Лъимадул г1адинаб г1адатияб рак1
Чаранлъун къвак1ула, къел гьабун хадуб.
Къвариг1аралъуб рух1 майилан кьолел,
Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал.

Рик1к1ен дагьлъаниги, гьунар г1емерал,
Г1урда техь бижизе чорхол би т1олел,
Божизе бегьила гьаб дир халкъалда, -
Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал.
Расул Х1амзатов

Читайте также: