Рорхатал муг1руца жаниб бачараб стих

Обновлено: 05.10.2024

hello_html_m6da6e274.jpg

Ведущий1:
-Ассаламу г1алайкум, хириял ц1алдохъаби,муг1алимзаби ва т1аде рач1арал гьалбал.Баркула нужеда «Рахьдал мац1алъул къо». Щибаб соналда,21 февралалда т1олабго халкъалъ к1одо гьабула гьаб байрам. Кьейги киназего чорхое сахлъи,талих1,рохел ва халатаб г1умру. Ц1уне хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1! Мац1 гьеч1они,гьеч1о миллат! Метер маг1арул мац1 хвезе батани,хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.

1999 –абилеб соналъул 17 ноябралда ЮНЕСКОялъул Генералияб конференциялъ х1укму гьабуна 2000 – абилеб соналдаса нахъе щибаб соналъ 21 – абилеб февралалъ Т1олгомиллатазул рахьдал мац1азул къо к1одо гьабизе. Гьелъул мурадги буго рахьдал мац1ал церет1езари ва гьел ц1уни. 1

21 –абилеб февралалъ рахьдал мац1ал к1одо гьариялъул маг1наги ккола, жидерго мац1ги ц1унун, гьеб жидер пачалихъалъул мац1лъун рик1к1ине т1алаб гьабун, демонстрациялде рахъарал Бангладешалъул студентал ч1вараб къо. Гьеб пашманаб иш ккана 1952 – абилеб соналъул 21 – абилеб февралалъ.

Жакъа нилъер мажлисалда данделъун руго рахьдал мац1 хириял маг1арулал. Рахьдал мац1алда щивас киниялдаса байбихьун эбелалде, инсуде, вацал – яцазде, г1агараб Ват1аналде рокьи загьир гьабула. Гьеб х1асратаб рокьи ц1уни ккола рахьдал мац1ги, динги, г1адаталги к1одо гьари.

Маг1арулазулги Дагъистаналъулги талих1 буго Расул Х1амзатов,Фазу Г1алиева,Инхоса Г1алих1ажияв,Ц1адаса Х1амзат,Муса Мух1амадов г1адал хъвадарухъаби,шаг1ирзаби дунялалда т1ад рахъин.Гьел ккола унго-унго маг1арул мац1ги,ц1арги,ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби.

Читайте также: